Сеймур Ханаев Шахбанович : другие произведения.

Ахират дуйги буго!

Самиздат: [Регистрация] [Найти] [Рейтинги] [Обсуждения] [Новинки] [Обзоры] [Помощь|Техвопросы]
Ссылки:


 Ваша оценка:

               Ахират дуйги буго!

Чиякъав кIочон тоге, мискинав нахъе чIаге,
ЧIагоялъ кье садакъа, ахират дуйги буго.
Пакъирасухъ квер битIе, бесдаласда ракI гурхIа,
Напакъа гьезий гьабе, ахират дуйги буго.
Рикъзи гIемерлъун воххун закат бахъи кIочонге,
КIолеб кумек кье чидай, ахират дуйги буго.
ЛъикIлъи гьаби кIочонге, квешаб гIадлу хьвагIун те,
Кириялъе жо гьабе, ахират дуйги буго.
Рихьдай щибго гьабуге, щиб кьуниги ракIалъ кье,
Кьуралъухъ бер хутIуге, ахират дуйги буго.
Чидал боцIи бахъуге, цIогьалдаса рикIкIад чIа,
ЦIодораб хIалтIи гьабе, ахират дуйги буго.
НусцIул ургъун цо гьабе, азар борцун цо къотIе,
КъабихIаб нахъе рехе, ахират дуйги буго.
ГIадамазда рекъон чIа, рекъараб гIумру гьабе,
ГIодов виччарав вукIа, ахират дуйги буго.
Сабруялде кIвар гьабе, бахъараб ццин къезабе,
Къацандизе лъугьунге, ахират дуйги буго.
Дураб битIараб бихьун чидал мекъи гьабуге,
Мекъаб гIамал рехун те, ахират дуйги буго.
Питнаби рикIкIад гьаре, гьересиги бицунге,
Гудур лъийниги гъоге, ахират дуйги буго.
ГIамал кIодолъун, чIухIун, чIамучIлъиги гьабуге,
Гьабе рекъараб гIамал, ахират дуйги буго.
Сурукъал гIамалал те, лъикIаб къагIида гьабе,
Гьабе берцинаб гIумру, ахират дуйги буго.
Эбел- инсуй хIурмат лъе, чIахIиязул адаб ккве,
Кинавгоясухъ щва мун, ахират дуйги буго.
Унтарасухъ гIемер щва,  ригь аразде камуге,
Кидаго кумек гьабе, ахират дуйги буго.
Дуй гIагарал чагIазе гIумруялъго къимат лъе,
Къимат дурги цIикIкIина, ахират дуйги буго.
ТIолго халкъ рази гьечIеб гьабуге щибниги жо,
Жан- рухIалъ халкъгун рекъа, ахират дуйги буго.
Дунялалъул боцIуде бералги гIорцIулареб
ГIумру дуца гьабуге, ахират дуйги буго.
Бихьарабшинаб бокьун, Бичас кьураб дагь бихьун,
Чидахъ мун хIусутдуге, ахират дуйги буго.
Месед- гIарцухъ хьул тIамун, гIумрудул магIна гьеб ккун ,
ГIаданлъиги кIочонге, ахират дуйги буго.
Мискинал хIакъир гьарун, пакъирал малакь мерхьун,
Хьамиги дуй биккуге, ахират дуйги буго.
Дурго гIакълу лъикI бихьун, гIадлуги хвезе гьабун,
Гьабуге учуслъиги, ахират дуйги буго.
ГурхIел- рахIмуги кIочон, загIипал чIагIаздехун
Залимлъиги гьабуге, ахират дуйги буго.
Чидал мукъулухъа ккун, чидал кIалдиса бахъун,
Бачуге дуда цебе, ахират дуйги буго.
РахIатаб гIумру бокьун, хIалтIизеги кIухIаллъун,
ХIарамабги кванаге, ахират дуйги буго.
ЦIикIкIун магIишат бокьун, халкъалъул би гьекъараб,
Гьабуге ришватчилъи, ахират дуйги буго.
ХIакимчи вахъанилан, ихтияр духъ щванилан, 
Халкъалда мугъ рехуге, ахират дуйги буго.
Пишаялдаса чIухIун, гIададе чIухIун свердон
Мискинхалкъги кIочонге, ахират дуйги буго. 
Намусги яхIги тIагIун, чорхол гъиратги чучун,
ЧагIи учус гьаруге, ахират дуйги буго.
Хьулазе лагълъи гьабун, гьерсаз ясалги гуккун,
Гьаруге басралъизе, ахират дуйги буго.
Гьаваялдеги вахъун, хъахIбаязухъ хьулал ккун,
Кидаго яхIги тоге, ахират дуйги буго.
Жийго гьарун щварайги гьае дудаса рикIкIад,
Дуй гьелъул кири ккела, ахират дуйги буго. 
Дургун магьари лъечIей, лъади кколарей гIадан,
ГIумруялъ къвалакь ккоге, ахират дуйги буго.
Чергеслъиялъ  асирлъун, чалухлъиялъ гIакълу ун,
Чидал лъадухъ бер ккоге, ахират дуйги буго.
Лъадуе хилиплъуге, лъимадуй чиярлъуге,
Чидал кверде гьел тоге, ахират дуйги буго.
Чохьолъ вачарай эбел, тарбия кьурав эмен
Тоге чиякъ кидаго, ахират дуйги буго.
КъватIул къагIида ккоге, гIададе гIумру тоге,
Разияб ящав гьабе, ахират дуйги буго.
Гьудуласде мугъ ккоге, мадугьалгун барщуге,
Гьуин гьабе гьоркьоблъи, ахират дуйги буго.
Мун мажгиталде хьваде, мадрасалде квер битIе, 
ТIадегIанаб иш гьабе, ахират дуйги буго.
Бичасдаса мугъ рехун, расуласда квер хьвагIун,
Хьвадуге мехтел гьабун, ахират дуйги буго.
Бичасде кверал рорхе, витIарав расуласде 
Салам- салатги битIе, ахират  дуйги буго.
Къуръаналдеги вусса, гIарабиятги цIале,
ГIакълу- лъай цIикIкIун босе, ахират дуйги буго.
Щуго какги кIочонге, кколеб кIалги рехуге,
КапурлъичIого вукIа, ахират дуйги буго.
Аварагасул нух ккве, БетIергьанасде вусса,
Дуй тIадабшинаб гьабе, ахират дуйги буго.
Къабахчолисесул гьаб дуй гьабураб насихIат
Гьабе чидахъги щвезе, ахират дуйги буго.
Дун гьитIинав чиниги квешаб дица абичIо,
Дуца гьабе ригIаят, ахират дуйги буго.





 



 Ваша оценка:

Связаться с программистом сайта.

Новые книги авторов СИ, вышедшие из печати:
О.Болдырева "Крадуш. Чужие души" М.Николаев "Вторжение на Землю"

Как попасть в этoт список
Сайт - "Художники" .. || .. Доска об'явлений "Книги"