Сеймур Ханаев Шахбанович : другие произведения.

Хвел буго ракьалда, вацал, лъиего ...

Самиздат: [Регистрация] [Найти] [Рейтинги] [Обсуждения] [Новинки] [Обзоры] [Помощь|Техвопросы]
Ссылки:


 Ваша оценка:

Хвел буго ракьалда, вацал, лъиего ...


Хвел буго ракьалда, вацал, лъиего.
Буго гьеб нилъее чара гьечIого.
РорчIизе бакI гьечIо нилъее кинго,
Нилъ цIехон щвела гьеб цого - цо къоялъ...

Нуж чIахIиял чахьал раччулел чагIи,
Нуж гIарац мешоказ борцунел чагIи,
Нуж гьаб дунял - гIалам гIоларел чагIи,
Нужейги буго къо ясин бахъулеб.

Нуж чIаголъи дагьин дунял цIехолел,
Нуж шукру лъаларел, тIагIат кIочарал,
Нуж миллиярдазул хважаинзаби,
Нужейги буго къо къаникь рукъулеб.

Нуж дунял хваниги ургъел кколарел,
Щибабго сагIаталъ ришват гьарулел,
Гьардохъаби гIадал чиновникзаби,
Нужейги буго къо берал рукIунеб.

Нуж, "креслоязда" хьинцI гIадин рекIун,
ГIумруялъ халкъалъул би къун куцарал,
Цо гьаризе лъалел министерзаби,
Буго нужееги Бичасул гьеб къо.

Нуж ракIал чIахIиял, гIамал кIудиял,
Нуж нуж гурев лъилго ссан гьабуларел,
Нуж нужее гIурал "чIахIиял чагIи",
ГIазрагIилас пиша гьикъизе гьечIо.

Нуж тапанча борчун рагъал цIехолел,
"Хаммеразда" къватIахъ чагIи мерхьунел,
Ракьалда учузал ишал гьарулел,
Нужейги буго къо хIисаб босулеб.

Нуж батIи - батIиял, азар кьералъул,
Аза - азар нухлил дир вацал, яцал,
Лъицаго щибниги инаро цадахъ,
Жинца жиндий хъвараб ахират гуреб.

ХIисаб - суалалъул къо рештIун щведал,
"Рахъун рала цере" нужер гIамалал,
ГIумруялъ нужеца гьабурабшинаб,
"Гьале балагьеян", къала бадире.

Гьениб босуларо малаикзабаз,
Министрал, гIенекке, ришватал, мугьал.
Нуж гьерсида буцун гIумру тIамурал,
ТIагьа гуккуларо нужер гьерсаца.

Холелъул цо мусру хутIила нужей,
ХутIиларо давла, "кресло", пиша.
ХутIиларо, вацал, чидал би гьекъон
Гьабураб магIишат, гIумру, дуниял.

ХутIиларо, вацал, гьеб гIарац - месед,
ХутIиларо, вацал, мусру гуреб жо!
Нужер дунялалда гIадлуги бихьун
"Данде бала диван" хIукму къотIизе.

ЖужахI, алжаналъул рагьила нуцIби,
Нилъер гIамалалда балагьун, вацал:
Цояв жужахIалъув цIадалъ вухIила,
Цояв алжаналда рахIат вукIина.

РачIа, вацал, яцал, кIочонгутIизе
Нилъерги букIина рухI босулеб къо.
РачIа, вацал, яцал, гIумру гьабизе
Гьеб дуниялалда лъикI кколеб куцалъ!

Ракь босун гьарурал, ТIагьас рухI лъурал,
Ракь буго ахираб адресги нилъер.
РорчIизе бакI гьечIо, хвел лъийго буго,
Босила нилъер рухI Лъурас цо къоялъ...






 Ваша оценка:

Связаться с программистом сайта.

Новые книги авторов СИ, вышедшие из печати:
О.Болдырева "Крадуш. Чужие души" М.Николаев "Вторжение на Землю"

Как попасть в этoт список
Сайт - "Художники" .. || .. Доска об'явлений "Книги"