Сеймур Ханаев Шахбанович : другие произведения.

Рачiа, цадахъ ахiила...

"Самиздат": [Регистрация] [Найти] [Рейтинги] [Обсуждения] [Новинки] [Обзоры] [Помощь|Техвопросы]
Ссылки:


 Ваша оценка:

        РачIа, цадахъ ахIила...

ЧагIи, изну кье дий гьаракь борхизе, -
Бицина дир рагIи кочIода гьабун.
Гьаб дуниялалда дир рагIабаца
Батиларо къазе нужер рагIуй бакI!

Мукъулукъ ккоге дир рокьул ахIулин
АхIизе виччай дун гIицIго цо рокьул.
ГIумру - дунялалъул кьучI буго рокьи! - 
Кье эркенлъи дие цо кечI ахIизе!

Дун МахIмудги гуро, Дакуги гуро
ДозулгIан хIеренаб гьаракь дир гьечIо.
Амма ахIила кечI диего хасаб,
Дунялалде бугеб рокьулги бицун.

Нуж бусадул кучIдуз мехтарал чагIи,
Мехтел гIела, ричче, дида гIенекке.
Нуж кьалул бакънаца лъай арал чагIи,
Лъавуда рачIа цо, дида гIенекке!

ГIела гьел чорокал кьучI гьечIел кучIдул,
Гьанжесел, бусадул бицунел кучIдул.
ГIела панограма, гIела эстрада! - 
Умумузул тIамур босила дица. 

Гуро, тIаде рахъа хоралъ ахIилин,
АхIе дида цадахъ, рагIи течIого.
АхIила лъимазде, эбел - инсуде,
Нилъ жанир гIураб гьаб дунялалде кечI.

Гуро, тIаде рахъа, рукIунге гIодор,
Гуро министрал, гуро прездентал,
Рахъа тIаде цадахъ, щивго вукIунге,
Гимналдасаги гьаб хIажатаб буго.

Гуро, гIалимзаби гIодор рукIунге,
ГIасияб яргъил план рехе гIодобе.
Атомал кIочон те - хIажат гьечIел жал! - 
Гьез ракIал роххичIо кочIоца гIадин.

Нуж анлъго миллиард гIадамал рачIа!
РачIа гьанжелъагIан букIараб кIочон.
Рахъа руккел гьабе дуниял гIадаб, -
Дунялалъул чагIи, цоцазул квер ккве!

Тушманлъи кIоченин, кьалал кIоченин,
Кьела гьа тIолазго гьудуллъиялъе.
Гьа кьела щивасго гьаб гIаламалда
ГIадам - инсаназул би тIезе гьечIин.  

Гуро, тIаде рахъа, хоралъ ахIилин,
АхIе дида цадахъ, рагIи течIого.
АхIила лъимазде, эбел - инсуде,
Нилъ жанир гIураб гьаб дунялалде кечI.




 Ваша оценка:

Связаться с программистом сайта.

Новые книги авторов СИ, вышедшие из печати:
Э.Бланк "Пленница чужого мира" О.Копылова "Невеста звездного принца" А.Позин "Меч Тамерлана.Крестьянский сын,дворянская дочь"

Как попасть в этoт список
Сайт - "Художники" .. || .. Доска об'явлений "Книги"